Главное меню
Мы солидарны с Украиной. Узнайте здесь, как можно поддержать Украину.

Ц1ияб г1ажам

Автор Orosib, декабря 25, 2014, 16:33

0 Пользователи и 1 гость просматривают эту тему.

Orosib

Жиндир мац1 хвезе тун цоги мац1алъ к1алъалев чи, ахиркъадги гьезде сверула. Ц1унайги Аллагьас киналго
квешлъабаздаса.
جێندێر ماض خُېزې تۇن صۈڬێ ماضاڸ گاڸالېو چێ، اخێرقادڬێ هېزدې سُېرۇلا
ضۇنايڬێ الّاهاس كێنالڬۈ كُېشڸابازداسا
Би цо, бо цо, вацлъи маг1арулазе
بێ صۈ، بۈ صۈ، واصڸێ ماعارۇلازې
ب - б   دُ - дв   غُ - гъв   ڸ - лъ
ت - т   ر - р   ف - п   ڸُ - лъв
تُ - тв   ز - з   ڣ - пI   ڸّ - лълъ
ج - ж   زُ - зв   ق - къ   ڸُّ - лълъв
ڃ - чI   س - с   قُ - къв   م - м
ڃُ - чIв   سُ - св   ڨ - кь   ن - н
ڃّ - чIчI   سّ - сс   ڨُ - кьв   ه - гь
ڃُّ - чIчIв   سُّ - ссв   ك - к   هُ - гьв
چ - ч   ش - ш   كُ - кв   و - в
چُ - чв   شُ - шв   كّ - кк   ي - й
چّ - чч   ص - ц   كُّ - ккв   ا - а
ح - хI   صّ - цц   گ - кI   ێ - и
حُ - хIв   ض - цI   گُ - кIв   ې - е
خ - х   ضُ - ц1в   گّ - кIкI   ۇ - у
خُ - хв   ضّ - цIцI   گُّ - кIкIв   ۈ - о
خّ - хх   ضُّ - цIцIв   ڬ - г   ئ - ъ
خُّ - ххв   ط - тI   ڬُ - гв   ئې - э
څ - хъ   طُ - тIв   ڮ - хь   يۈ - ё
څُ - хъв   ع - гI   ڮُ - хьв   يۇ - ю
د - д   غ - гъ   ل - л   يا - я

Гьамза - ئ хъваялъул къаг1идаби.

Раг1ул байбихьуда:
- Т1оцебесеб х1арп а - ا , масала,
алжан - الجان
ахбазан -  اخبازان
и, у, о, э(ъе)  х1арпазде цебе ئ хъвала, масала,
иту (ъиту) - ئێتۇ
ургъел (ъургъел) - ئۇرغېل
охцер (ъохцер) - ئۈخصېر
эркенлъи (ъеркенлъи) - ئېركېنڸێ

- Т1оцебесеб х1арпида нахъ киго гласный (а, и, у) нахъ-нахъ хъван рук1ани, масала, гьабилаан, гьезда гьоркьоб гьамза хъвазе буго -
гьабилаан  (гьабилаъан) - هابێلائان
рии (риъи) - رێئێ
беэнаб(беъенаб)  - بېئېناب

Й ي х1арп хъваялъул къаг1ида.

Кирилицаялда хъвалаго нилъеца, масала, юргъан хъвала, г1ажамалда хъвалаго буго يۇرغان йургъан, элъул маг1на ккола, т1оцересел х1арпал раг1уда я, ё, ю, рук1ани, хъвазе ккола йо - يۈ , йу - يۇ , йа - يا . Масала,
ёхарай (йохарай) - يۈخاراي
юх1изе (йух1изе) - يۇحێزې
ячизе (йачизе) - ياچێزې

Бакьулъги нахъаги к1иго гласный (я, ё, ю) нахъ-нахъ рук1ани гьоркьоб й хъвазе ккола, масала,
Цее (цейе) - صېيې
диеги (дийеги) - دێيېڬێ
дуеги (дуйеги) - دۇيېڬێ

- Согласный х1арпазда нахъ я(йа) х1арп бук1ани, масала, дунял (дунйал), хъвазе ккола دۇنيال
Дунял (дунйал) - دۇنيال
Г1араб мац1алъул раг1абиги хъвазе буго раг1улеб куцалда, масала,
Низам ( نظام ) хъвазе буго نێزام

Рамазан (رمضان ) хъвазе буго رامازان
Жиндир мацӏ хвезе тун цоги мацӏалъ кӏалъалев чи, ахиркъадги гьезде сверула.
Воре, магӏарулал, нуж гӏедегӏуге гӏуруслъизе, гӏурус мацӏалда мугъчӏвазе, гӏурус маданият босизе - гьеб жакъа нужедаса кибниги унаребин, нуж гӏедегӏе магӏарулаллъун хутӏизе - гьеб буго цо нухалъ кодоса ани, тӏокӏаб тӏад буссинабизе кӏолареб тӏабигӏат!!!

Orosib

Цитата: Иван-Царевич от декабря 25, 2014, 16:52
Гьаб щибизе?
г1ажам буго бищун данде кколеб
عاجام بۇڬۈ بێشۇن داندې كّۈلېب
Жиндир мацӏ хвезе тун цоги мацӏалъ кӏалъалев чи, ахиркъадги гьезде сверула.
Воре, магӏарулал, нуж гӏедегӏуге гӏуруслъизе, гӏурус мацӏалда мугъчӏвазе, гӏурус маданият босизе - гьеб жакъа нужедаса кибниги унаребин, нуж гӏедегӏе магӏарулаллъун хутӏизе - гьеб буго цо нухалъ кодоса ани, тӏокӏаб тӏад буссинабизе кӏолареб тӏабигӏат!!!

murad-30ing

Цитата: Orosib от декабря 25, 2014, 16:33

МашаАллагь, ц1акъ мух1кан гьабун буго. Жеги щ, щв, жв язеги рихьизаре. 80 гьаракь гурищ лъугьун бугеб гьаниб?

Orosib

Баркала Мурад къимат гьабуралъухъ, жв гьараб кин гьоркьоб хут1араб дир лъаларо, баркала дида абуралъухъ, авар щ ва щв х1арпазул гьадин дица абила, авар л х1арп цо-цо раг1абазда тамагьго абула, масала, батиларо раг1и хъвала батиларо, абула батиляро, цинги батула раг1уда л х1арп къванк1го абула, гьединаб къаг1ида буго ш х1арпалъулги.
Руго цо-цоял латиналъулги бицулел, амма латиналъул х1арпал г1оларо авар алипалде.
Цо къоялъ Дир алип абураб т1ехь балагьулаго, батана цо кеч1 хъван.

Ч1ч1вадил к1ерело гьабун
Ч1ч1вант1ана т1олго хьец1ей
Ч1ч1вант1ил жулги бегьана
Гьелъул накку лълъухьизе

Гьебго шиг1ру г1ажамалда

ڃُّادێل گېرېلۈ هابۇن
ڃُّانطانا طۈلڬۈ ڮېضېي
ڃُّانطێل جۇلڬێ بېهانا
هېڸۇل ناكّۇ ڸّۇڮێزې

Гьанже балагье нуж кирилицаялда хъвараб ч1ч1вад раг1уда буго гьаракь ч1ч1в щуго х1арпалъ бихьизабулеб,  г1ажамалда хъвараб гьебго раг1и ч1ч1вад — ڃُّاد , бихьулищ нужеда, г1ажамалда ч1ч1в гьаракь цо х1арпалъ ڃُّ бихьизабун буго.
Жиндир мацӏ хвезе тун цоги мацӏалъ кӏалъалев чи, ахиркъадги гьезде сверула.
Воре, магӏарулал, нуж гӏедегӏуге гӏуруслъизе, гӏурус мацӏалда мугъчӏвазе, гӏурус маданият босизе - гьеб жакъа нужедаса кибниги унаребин, нуж гӏедегӏе магӏарулаллъун хутӏизе - гьеб буго цо нухалъ кодоса ани, тӏокӏаб тӏад буссинабизе кӏолареб тӏабигӏат!!!

murad-30ing

Цитата: Orosib от декабря 26, 2014, 17:13

Гьанже бич1ч1ана гьеб ш ва щ гьаркьазул, баркала. Къимат кьезе г1ажам лъик1 лъаларо амма мух1кан гьабун щибаб маг1арул мац1алъул гьаракь бихьизабураб х1алт1и цох1о гьеб буго дандч1валеб гьаб засаналда жаниб. Дир пикруялда гьедин бук1инеги ккола нилъер мац1алъул хаслъи бугелъул щибаб гьаркьида хассаб маг1на бухьинабулеб. Кин бугониги умумуз абухъе "гьац1илъ х1еги х1анилъ расги камуларила" цо гьадинаб пикруялъулги х1исаб гьабе, мисалалъе гьенир г1емерисел х1арпал руго лъугьинарун ح х1арпалъул гъоркь т1ад т1анк1ал лъун - 16 х1арп, 13 х1арп ل ва ك амма щаялиго х1алт1изарун гьеч1о ظ ز ﻻ х1арпал. Гьаркьазе х1арпал лъугьинариялъе цого х1арпалда х1алуцин гьабич1ого цойгидаздаги т1ад рикьи гьаби лъик1аблъун бихьула. Кириллалда бугеб авар алип кьоч1ое босун г1ажам г1уц1изе  ккеларо гьелъ гъалат1азде рачуна, нилъерго мац1алъул гьаркьиг1уц1иялда ай фонетикияб г1уц1ияда г1ей гьабураб бук1ине ккола г1уц1улеб алип кириллияб бук1а, г1ажам яги латин бат1алъи гьеч1о..

Orosib

гьеб бугоха геминатал ва лабиалиял х1арпал ц1ик1к1лъиялъ
Жиндир мацӏ хвезе тун цоги мацӏалъ кӏалъалев чи, ахиркъадги гьезде сверула.
Воре, магӏарулал, нуж гӏедегӏуге гӏуруслъизе, гӏурус мацӏалда мугъчӏвазе, гӏурус маданият босизе - гьеб жакъа нужедаса кибниги унаребин, нуж гӏедегӏе магӏарулаллъун хутӏизе - гьеб буго цо нухалъ кодоса ани, тӏокӏаб тӏад буссинабизе кӏолареб тӏабигӏат!!!

cetsalcoatle

Быстрый ответ

Обратите внимание: данное сообщение не будет отображаться, пока модератор не одобрит его.

Имя:
Имейл:
Проверка:
Оставьте это поле пустым:
Наберите символы, которые изображены на картинке
Прослушать / Запросить другое изображение

Наберите символы, которые изображены на картинке:

√36:
ALT+S — отправить
ALT+P — предварительный просмотр